Украиналъул «Правый секторалда» хурхарал киналго сайтазде нух къан буго Россиялда.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Роскомнадзоралъул бетIер Александр Жаровас.
Гьеб хIукму хурхараб буго «Правый секторалъул» социалиял сурсатазда, гьездаго гъорлъ Facebook-алда ва Twitter-алда ругел гьумераздаги.
МоцIалъ цебе Россиялъул Генпрокуратураялъул тIалабалда рекъон, Роскомнадзоралъ къан букIана «Вконтакте»-ялда «Правый секторалъул» бетIер Дмитрий Ярошил гьумер.
Россиялда Дмитрий Ярошиде гIайиб гIунтIизабулеб буго информалатаздаса пайдаги босун террористиябгун экстремистияб хIаракатчилъиялде ахIиялда хурахараб. Гьев лъазавун вуго халкъазда гьоркьосеб валагьиялде.
Украиналъул Генпрокуратураялъ лъазабуна, Ярош кквеялъе ва Россиялъухъе кьеялъе багьана гьечIин.
Талат къоялда Украиналъул Централияб рищиязул комиссиялъ Ярошил регистрация гьабуна улкаялъул президентасул хъулухъалде кандидат хIисабалда.