Туркиялда муниципалиял рищиязда гIахьаллъулел батIи-батIиял кандидатазул рахъ ккуразда гьоркьор тунка-гIусиял ккедал хун вуго анлъго чи. Улкаялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул къуватазда мугъчIвайги гьабулаго бакIалъул информалатаз лъазабулеб буго Сириялъулгун гIорхъода бугеб Шанлыурфа провинциялда рахъаз цоцазде кьвагьидал чIван вугин ункъго ва лъукъун вугин чанго чийин.
Хатай провинциялда кандидатазул рахъ кколел цоцалъ рагъидал чIван вуго кIиго ва лъукъун вуго 9 чи.
52 миллионгIан регистрация гьабурав рищарухъанас вищизе ккола цо-цо шагьаразул мэралги бакIазул цоги хъулухъчагIиги. Гьенире кандидатал рихьизарун руго бищунго кIудияб анлъго партиялъ, гьездаго гьоркьоб оппозиционияб Республиканияб халкъияб партияги.