Тарумовка мухъалъул нухмалъулевлъун вукIарав Сергей Чепурноясда хурхун рагьун буго такъсир гьабиялъул цIияб иш. Дагъистаналъул прокуратураялъул лъазабиялда рекъон, мухъалъул бетIерлъун вукIарав мехалда Чепурнояс жиндирго чIужуялъул «Кавказ» фирмаялъухъ хIалтIизабизе кьун буго муниципалияб росдал магIишаталъул техника.
ТIадежоялъе, республикаялъул прокуратураялъ гьал къоязда лъазабухъе, «Кавказ» фирмаялъ гьарулел рахьдал нигIаматал росизе тIамулел рукIун руго мухъалъул школаби, ясли-ахал ва цогидал социалиялгун-лъа йкьеялъул идараби.
Гьанибго тIаде жубала, Чепурноясда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул гьеб иш ккола лъабабилеблъун. 76 сон барав вехь вухи сабаблъун рагьана Чепурноясда хурхун уголовияб иш, гьединго цогидаб иш рагьана мухъалъул унитарияб идара ургъунго банкроталде ккезабиялъухъги.
РакIалде ккезе бегьула таксъир гьабиялъул лъабго ишалъ Чепурной цIех-рехалъул заманаялъул туснахъалде ккезавунин. Тарумовка мухъалъул бетIерасул хъулухъалдаса гьев нахъени вахъана, амма 2013 соналъул октябралда гьев тIамуна росдал магIишаталъул министерлъиялъул нухмалъулев хисулевлъун.
Рамазан ГIабдулатIипов президентлъун Дагъистанаде вачIарав мехалдаса республикаялда чанги хIаким, чанги мухъалъул нухмалъулев хIалтIудаса рехана, гьезда хурхун уголовиял ишал рагьана, цо-цоял низам цIунулез ккуна ва цо-цоял цIех-рехалъул тIуснахъазда руго.
Мисалалъе, араб анкьалъул байбихьуда полициялъулаз ккуна Кайтаг мухъалъул нухмалъулев ГIали ГIумаров. Уголовияб кодексалъул кIиго статьялдалъун рагьун буго гьесда хурхун иш. ЦIех-рехчагIаз рикIкIунеб буго ГIумаровас мухъалъул бюджеталъул гIарац рихьизарурал гурел мурадазе гIоло хвезабунин. Гьелдалъун ГIумаровас мухъалъул бюджеталъе 16 млн гъурщидалъун зарал ккезабун буго. Дагъистаналъул прокуратураялъ лъазабухъе, ГIумаров цIех-рехалъул туснахъалде тIамиялъул суал халгьабизе ккола диваналъ.
Гьанибго тIаде жубала, Гъаякент мухъалъул вукIарав нухмалъулев Илмутдин ХIамзаевги цIех-рехалъул туснахъалда вуго. «Эркенлъи» радиоялъ цебе лъазабухъе, ХIамзаев туснахъ гьавиялъе гIилла буго хIалтIуе хIажатал документал гьес гьересиял гьариялда низам цIунулезул щаклъи ккей. Гьединго хасал хъулухъазул щаклъи буго пачалихъалъ бесдал-лъималазе биччараб 63 млн гъурущги бикъун, гьеб гIарац ХIамзаевас хъачагъазе кьолеб букIиналда.
Бихьулеб буго цоял хIакимал СИЗОязда тIамулел рукIин, цогидазе хъулухъал кьолел рукIин. Гьеб гIажаибаб хIужжаялда хурхун 28 марталда къватIибе бачIараб «Черновик» газеталда ГIабдулатIиповас е журналистаз кьолел руго суалал. Мисалалъе, уголовияб лъабго иш бугев Чепурной министр хисулевлъун кин карав, Ахты мухъалъул нухмалъиялдаса ришват боси сабаблъун вахъарав Сафидин Мурсалов кин ккарав Халкъияб мажлисалъул депутатлъун, щай миллионал рикъиялъулъ щаклъи бугев Гъаякент мухъалъул бетIерлъун вукIарав ХIамзаев СИЗОялда вугев, амма чанги миллиард бикъиялъулъ щаклъи бугев Табасаран мухъалъул бетIерлъун вукIарав НурмухIамад ШихмухIамадовасд а хурхун кинабгIаги уголовияб иш рагьичIеб?
Политолог Константин Казенинил пикруялда рекъон, тухумчилъиялъул система хисичIого хиса-басиял республикаялда рукIинаро.
Константин Казенин: «Цо-цоял чагIи политикияб системаялдаса нахъе гъуна, амма гIаммаб къагIиядалъ гьелдаса хадуб щибго хисичIо. ХIалтIудаса рахъарал хIакимазе цIиял хъулухъал кьолел руго, цо-цо хIакимал туснахъазда руго. Амма туснахъазда ругел хIакимазул авторитет тIагIунеб гьечIо. Гьелдалъун Дагъистаналъул нухмалъулев кланазде данде къеркьолев вугин абизе кIоларо. Республикаялда ахIвал-хIал хисизе буго, кланазул система хвезабуни. Гьеб система бугебгIан мехалда, радикалиял хиса-басиял рукIине гьечIо».
Гьединго Казениница тIаде жубана, Дагъистаналда чанги реформа гьабизе бегьулин, амма гьеб хIалтIуе тIоцебе квал-квал гьабилин тухумчилъиялъила н.
ТIадежоялъе, республикаялъул прокуратураялъ гьал къоязда лъазабухъе, «Кавказ» фирмаялъ гьарулел рахьдал нигIаматал росизе тIамулел рукIун руго мухъалъул школаби, ясли-ахал ва цогидал социалиялгун-лъа
Гьанибго тIаде жубала, Чепурноясда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул гьеб иш ккола лъабабилеблъун. 76 сон барав вехь вухи сабаблъун рагьана Чепурноясда хурхун уголовияб иш, гьединго цогидаб иш рагьана мухъалъул унитарияб идара ургъунго банкроталде ккезабиялъухъги.
РакIалде ккезе бегьула таксъир гьабиялъул лъабго ишалъ Чепурной цIех-рехалъул заманаялъул туснахъалде ккезавунин. Тарумовка мухъалъул бетIерасул хъулухъалдаса гьев нахъени вахъана, амма 2013 соналъул октябралда гьев тIамуна росдал магIишаталъул министерлъиялъул нухмалъулев хисулевлъун.
Рамазан ГIабдулатIипов президентлъун Дагъистанаде вачIарав мехалдаса республикаялда чанги хIаким, чанги мухъалъул нухмалъулев хIалтIудаса рехана, гьезда хурхун уголовиял ишал рагьана, цо-цоял низам цIунулез ккуна ва цо-цоял цIех-рехалъул тIуснахъазда руго.
Мисалалъе, араб анкьалъул байбихьуда полициялъулаз ккуна Кайтаг мухъалъул нухмалъулев ГIали ГIумаров. Уголовияб кодексалъул кIиго статьялдалъун рагьун буго гьесда хурхун иш. ЦIех-рехчагIаз рикIкIунеб буго ГIумаровас мухъалъул бюджеталъул гIарац рихьизарурал гурел мурадазе гIоло хвезабунин. Гьелдалъун ГIумаровас мухъалъул бюджеталъе 16 млн гъурщидалъун зарал ккезабун буго. Дагъистаналъул прокуратураялъ лъазабухъе, ГIумаров цIех-рехалъул туснахъалде тIамиялъул суал халгьабизе ккола диваналъ.
Гьанибго тIаде жубала, Гъаякент мухъалъул вукIарав нухмалъулев Илмутдин ХIамзаевги цIех-рехалъул туснахъалда вуго. «Эркенлъи» радиоялъ цебе лъазабухъе, ХIамзаев туснахъ гьавиялъе гIилла буго хIалтIуе хIажатал документал гьес гьересиял гьариялда низам цIунулезул щаклъи ккей. Гьединго хасал хъулухъазул щаклъи буго пачалихъалъ бесдал-лъималазе биччараб 63 млн гъурущги бикъун, гьеб гIарац ХIамзаевас хъачагъазе кьолеб букIиналда.
Бихьулеб буго цоял хIакимал СИЗОязда тIамулел рукIин, цогидазе хъулухъал кьолел рукIин. Гьеб гIажаибаб хIужжаялда хурхун 28 марталда къватIибе бачIараб «Черновик» газеталда ГIабдулатIиповас
Политолог Константин Казенинил пикруялда рекъон, тухумчилъиялъул система хисичIого хиса-басиял республикаялда рукIинаро.
Константин Казенин: «Цо-цоял чагIи политикияб системаялдаса нахъе гъуна, амма гIаммаб къагIиядалъ гьелдаса хадуб щибго хисичIо. ХIалтIудаса рахъарал хIакимазе цIиял хъулухъал кьолел руго, цо-цо хIакимал туснахъазда руго. Амма туснахъазда ругел хIакимазул авторитет тIагIунеб гьечIо. Гьелдалъун Дагъистаналъул нухмалъулев кланазде данде къеркьолев вугин абизе кIоларо. Республикаялда ахIвал-хIал хисизе буго, кланазул система хвезабуни. Гьеб система бугебгIан мехалда, радикалиял хиса-басиял рукIине гьечIо».
Гьединго Казениница тIаде жубана, Дагъистаналда чанги реформа гьабизе бегьулин, амма гьеб хIалтIуе тIоцебе квал-квал гьабилин тухумчилъиялъила