Ссылки для упрощенного доступа

Щиб хисилеб халкъалъул пикруялъ?


Муниципалиял ва пачалихъалъул кверщаликь ругел идарабазул нухмалъулезул хIалтIи борцинелъун Дагъистаналъул нухмалъулесул сайталда байбихьун буго халкъалда гьоркьоб гьикъа-бакъи гьабизе. Унголъунги хIасил кьезе бугищ гьединал гьикъа-бакъияз, гьезда рекъон хъулухъалдаса махIрум гьавизе вугищ пуланав нухмалъулев, ялъуни гьеб къагIида цо щив вугониги нухмалъулесе квешезе ургъараб жойищ?

Муниципалиял ва пачалихъалъул кверщаликь ругел идарабазул нухмалъулезул хIалтIи борцинелъун Дагъистаналъул нухмалъулесул сайталда байбихьун буго халкъалда гьоркьоб гьикъа-бакъи гьабизе. Гьенир рорхулел руго жидер мухъазда ва шагьаразда лъимгун хинлъи чIезабиялъул рахъ кинаб бугебин, транспорт кин хьвадулебин абурал ва гьезда релъарал цоги суалал.

Дагъистаналъул нухмалъулесул сайталда кьураб гьикъа-бакъиялъулъ чан чи гIахьаллъулев вугевали бихьулеб гьечIо. Амма гьел жавабал процентаздалъун рихьулел руго. Мисалалъе, МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулев восани, жаваб кьуразул къого проценталъ абулеб буго жал рази ругин гьесул хIалтIудаса, 54 процент – рази гьечIо. МахIачхъалаялда жаниб транспорт лъикI хIалтIулин рикIкIунеб буго 24 проценталъ. 66 процентин абуни рази гьечIо транспорталъул хIалтIудаса. МахIачхъалаялда ругел шагьранухазда ракI рекъолеб гьечIо гIадамазул 93 проценталъул. ГIицIго 5 проценталъ гурони жаваб кьолеб гьечIо гьел нухал лъикIал ругилан. Гьикъа-бакъиялъухъ балагьун, махIачхъалаялъулазул гIемерисел рази руго лъедалъун, газалдалъун, хIухьлаца рукъзал хинлъизариялдалъун. Гьал жавабазда тIасан хабар ккедал, цо-цоязда битIараблъун бихьулеб гьечIо гьабсагIаталда вугев Дагъистаналъул тахшагьаралъул мэрасде тIубанго гIайиб гьаби. Щайин абуни гьев гьеб хъулухъалда гъоркьисала риидалалдаса нахъе гурони гьечIо.


Бицен гьабулеб гьикъа-бакъиялда магIарулаз гIумру гьабулел мугIрузул мухъал росани, жавабал кьуразул гIемерисел рази гьечIо жидер шартIаздаса. Рази гьечIин кьурал жавал цIикIкIун руго, хасго гьекъолеб лъим чIезабиялъул, шагьранухазул ва цогидалъул рахъалъ.

Дагъистаналъул нухмалъулесул сайталдасан гьабулеб гьеб гьикъа-бакъи лъикIаблъун бихьулеб буго ЭР-ялъ гара-чIвари гьабурал цо-цо гIадамазда. Гьезул пикруялда рекъон, гьелъ рес кьела тIадчагIаздаги халкъалдаги гьоркьоб лъугьараб кIудияб кIкIал лъугIизабиялъе.

Амма жалго гьел жавабал хIакъикъияллъун бихьулел гьечIо гIадамазул цо къадаралда. Масала, фейсбукалдасан гьелда тIасан пикру загьир гьабулаго, ТIалхIат Мирзаев абурав чияс хъвалеб буго Буйнакскиялда цо сордо-къоялда жаниб цо сагIаталъ гурони лъим кьолареб мехалда, сайталдасан гIадамазул 25 проценталъ жаваб кьолеб бугила жал рази ругин лъел суал тIубалеб куцалдасаян. Гьелъул магIна щибила? Гьединлъидал Мирзаевасда лъикIаблъун бихьулеб буго сайталде ваккулев чиясул жаваб гьес гьениб хасаб куцалда жиндирго хъвай-хъвагIай гьабураб мехалда гурони къабул гьабунгутIизе.
Цогидазул пикруялда рекъон, сайталда гьарулел гьел гьикъа-бакъияздаса пайда босизе буго пуланав хъулухъчи хIалтIудаса вахъизе къваригIараб цо хасаб къокъаялъги.

Гьединал гьикъа-бакъиялда тIасан гьадинаб пикру буго Хунзахъ мухъалъул газеталъул бетIерай редактор Фатима МухIамадовалъул.

Фатима МухIамадова: «Узухъда, гIадамазда гьоркьоб цIех-рех гьаби лъикIаб хIалтIи буго. Гьелъул хIасилалги данде росулел ругони, гьезда хадуб халкколев, гIунгутIаби тIагIинарулев чиги вугони. Цо-цо газетазда гьарулел рейтингазин абуни гIодобегIан ккезабула цIар бугел, цIайи бугел нухмалъулезул авторитет, гIадамазул харбилъа жал камуларел, лъикIаллъунги рикIкIунел политиказул цIарал ккун ратула сияхIалъул бищун цере, гъоркьа тIаде. Дица рикIкIуна хасал гIадамазул мурадалда гIуцIарал рейтингазгун гьикъа-бакъияз политикияб ахIвал-хIал хIалуцинабиялъе, гIадамазда гьоркьор къваригIел гьечIел харбал рижизариялъе квербакъулилан. Гьарурал цIех-рехазе жавабал кин рижаралали лъазеги гьабулеб бугони, гIунгутIи тIагIинабиялъе гьабулеб гьикъа-бакъиги бугони, дун кIиябго кверги эхеде борхун разилъила гьединал тадбиразулъ гIахьаллъизе».

Дагъистаналъул нухмалъулесул сайталдасан хъулухъчагIазул хIалтIуе къимат кьолеб гьикъа-бакъи ургъи лъикI бугоанин, амма букIине кколеб куцалда гьеб нухда ине биччаниян абуна ЭР-ялъе живгоги пачалихъияб идараялъул хIалтIухъан МухIамад Цезица.

МухIамад Цези: «ГьанжелъагIан гьенир хъулухъазда рукIаралго гIадамалги гьенир ун гьабулеб батани хIалтIи, гьелъ хIасил кьезе гьечIо, битIараб бицани. Гьикъа-бакъиялги жидеего бокьухъе гьаризе руго гъоз. Жибго лъикIаб пикру буго гьеб, амма гъоб горсверуда рукIине ккола рацIцIадал хъулухъчагIи. Киналго хIакимзаби ругьунлъун руго 20 соналъ мухьги чвантиниб лъун, хIама хIортIе «бачанищ-бачана» гьабизе, гьекъанищ гьеб гьекъечIебищали ургъел гьечIо».

ПалхIасил, Дагъистаналъул нухмалъулесул сайталдасан лъазабичIониги, гIезегIан руго хъулухъчагIазул хIалтIул даража лъазабизе тарал пачалихъиял идарабиги, гьеб бицен гьабулеб сайталдаго буго божилъиялъул абун цIар тараб телефоналъул номерги. Гьезда тIадеги руго ункъиде бикьун республикагун гьарурал хасал мухъалги, гьенир тарал Дагъистаналъул нухмалъулесул вакилзабиги. Гьел толеб мехалда нухмалъулес абун букIана жиндие къваригIун бугин пуланаб бакIалда бугеб унго-унгояб ахIвал-хIал лъиданиги базабичIого гьел чагIаз бачIинахъе жинда бицинеян.
XS
SM
MD
LG