Индиялъул ралъдал жанубияб рахъалда балагьулеб буго билараб Malaysia Airlines компаниялъул лайнер. Гьеб хIалтIулъ гIахьаллъи гьабулеб буго батIи-батIиял улкабазул гумуз. Куала-Лумпуралдаса Пекиналде боржунеб букIараб лайнер "Боинг 777" билун букIана радараздаса 8 марталда гьаваялде борхун сагIат иналде. Гьелда тIад вукIун вуго 239 чи.
Чанго къо цебе космосалдасан рихьун рукIана, малайзиялъул махщелчагIазул пикруялда рекъон, гьеб лайнералъул кескаллъун рукIине бегьулел объектал. РакIалде кковухъе, тIасияб анкьалда гьеб бакIалде щвезе буго лайнералда рукIарал «чIегIерал къалал» ратизе рес кьолеб акустикияб система тIад бугеб австралиялъул гама.