ГIиракъалда рузман къоялъ гьабураб зулмуялъул хIасилалда 16 чи къурбанлъун ккана. Гьезда гъорлъ – анцIго полициялъулав. Лъукъун вуго 29 чи.
Аслияб къагIидаялда тIаде кIанцIиял гьарун руго суннитаз гIумру гьабулел бакIазда. СалахIеддин вилдаяталда бахъун буго Сарха абулеб росу. Гьениб кьал къеркьохъаназда ва аскариязда гьоркьоб халат бахъунеб букIана цо чанго сагIаталда жаниб. ЧIван вуго полициялъул генералги полковникги.
Самарра абулеб шагьаралъул сверухълъиялда къеркьохъаназ щуго полициялъулав чIвана балагьутIа-бакIалде гьужум гьабун.
Гьужум гьабун буго Рамади шагьаралъул мажгиталдаги гьениб жаназа как балеб мехалда. Гьеб кинабго зулмуялъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо, амма полициялъ гьелъул гIайиб гIунтIизабулеб буго «ГIиракъ ва Левант абулеб исламияб пачалихъилан» цIар бугеб суннитазул къукъаялде.
Исана 30 апрелялда ГIиракъалда байбихьила парламентиял рищиял.