Итни къоялъул радакь лъабго тIубараб мехалда Гумбет мухъалъул Гьарадерихъ, Игьалиб, Унскоколо мухъалъул ЦIаналъ ва Болъихъ мухъалде гьоркьобе унеб ЦIияб Инхело росабалъ терроризмалде дандечIараб низам лъазабун буго.
Дагъистаналъул Оперативияб штабалъ ва Федералияб хIинкъигьечIолъиялъул идараялъ кьурал баяназда рекъон гьел росабазда аскIор ругел рохьахъ рахчун ругел изну гьечIого яргъид гIуцIарал ва гьез бахчараб ярагъги, дарабиги, къуваталъул идарабазде дандечIеялъе хIажатаб цойгидаб къайи-цIаги балагьиялъе гIоло тIоритIулел руго гьел хасал тадбирал.
Гьебго къоялъул радал 11 тIубараб мехалда Оперативияб штабалъ лъазабуна Терроризмалде дандечIараб низам тIолабго Гумбет мухъалдаго лъазабулеб бугин. Рохьахъгун мугIрузда гурони гьел хасал тадбирал росабалъ тIоритIулел гьечIолъи гурони, гьел тадбиразул хIасилазул хIакъалъулъ кинабгIаги информация кьолеб гьечIо къуваталъул идарабаз.
Гумбет мухъалъул ТIаса Гьарадерихъа Лабазанов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана жидер росулъе жеги щун гьечIин гьел хасал идарабазул хIалтIухъабийин, амма радалалдаса нахъе Гъоркьияб Гьарадерихъ хал-шал гьабулел ругин гьелилан.
Лабазанов МухIамад: «Жеги нижер гьанире рахинчIоха гьел, гъоркьия росулъ 5-6 автомобиль цIун хасал идарабазул хIалтIухъаби рачIун ругин абунаха. Гьеб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ ругел яги цIех-рехалда ругел цониги чи гьечIо нижер гьаниб. Гьединлъидал гьеб иргадулал халгьабиял ратилин коола дида.
Гьаб мухъалдаса гIебеде цохIого-цо Игьалиса цо вас вугин абулаанха гьел рохьилазул кьерулъ, гьев валагьулел ругин жакъа гьаб терроризмалде дандечIараб низамги лъазабуниланги бугоха абулеб».
Гьебго мухъалъул МелъелтIаса Сайтимиров Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жиндихъе щварал баяназда рекъон Игьали хасаб операция тIобитIулеб бугилан.
Сайтимиров Шамиль: «Игьалиб хасаб операция тIобитIулеб бугин абунаха, мухIканал гурел баяназда рекъон кIигониги чиги чIван рагIула гьенив. Гьаб сагIат тIокIал батIиял баянал гьечIоха».
Гьебго къоялъ МахIачхъалаялда Энгельсил къотIноб полициялъулазде кьвагьдон руго щалали лъаларел чагIи. «Эркенлъи» радиоялъул баяназд рекъон лъукъун вуго кIиго полициялъулав, гьел азарханаялде щвезарун руго.
Гумбет мухъалда тIобитIулеб хасаб операциялъул хIакъалъулъго гIадин гьел полициялъулазде тIаде кIанцIи гьабиялъул хIакъалъулъ я Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ яги республикаялъул цIех-рехалъул идарабазул вакилзабаз жидеда щибниги лъаларилан абуна.
ГIемерисел журналистаз рикIкIунеб буго гьел идарабаз ургъунго къватIибе кьолеб гьечIилан. Олимпиада лъугIизегIанги, гьадингоги Кавказалдаса чIвай-хъвеялъулги кьвагьа-гIанхъиязул хIакъалъулъги информация балъго гьабейин абун буюрухъ бугин гьезиейилан.
Гьебги балъго гьабун регион хIинкъигьечIолъиялъул рейтингалда цебесеб бакIалде бачине къваригIун бугин тIалъиялъе, щай гурелъул Дагъистан дунялалдаго бищунго хIинкъи цIикIкIараб регионазул сияхIалде босун бугелъул.
Гьелъги, Олимпиада тIобитIизе букIиналъги батилин абизе бегьул 2013 соналъ дагъистаналда хIинкъигьечIолъи цIуниялъул ишалде цIикIкIун кIвар кьолеб букIараб.
Гьелъу хIасилалда 2012 соналде дандеккун гъоркьисала дагьал гIадамалги хванин абизе бегьулин хъвалеб буго «Кавказский Узел» сайталъ. Гьез кьурал баяназда рекъон 2013 соналъ рагъулаб дандечIеялъул хIасилалда Дагъистаналда зарал ккун буго 642 чи гьезда гьоркьоса 341 чи хун вуго, 301 чи лъукъун хутIун вуго. 2012 соналде дандеккун гьел гIадамазул къадар 8 проценталъ дагьлъун буго. 2012 соналъ кинавниги 695 чиясе ккун букIун буго зарал.
Гъоркисала соналъ Дагъистаналда гьабун буго 59 кьвагьи, гьезда гьоркьоса 3 яб гьабун буго жидеего бокьун хвалде арал террористаз. 2012 соналъги гьебго къадаралда рукIун руго Дагъистаналда кьвагьиял.
Гьебго сайталъул баяназда рекъон 20I2 соналде дандеккун 2013 соналъ кьвагьа-гIанкъиязул хIасилалда зарал ккаразда гьоркьор цIикIкIун гIадатиял гIадамал рукIун руго.
Гьедин гъоркьисал зарал ккун буго 208 чиясе, 20I2 соналъ гьезул къадар букIун буго 142 чи. Къуваталъул идарабазул 88 чи чIванги вуго, I65 чи лъукъунги вукIун вуго гъоркьисала. Цебесеб соналъ чIван вукIун вуго 110 чи лъукъун вуго 205 чи. Гьединго 20I3 соналъ изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъа 171 чи чIван вуго, 12 чи лъукъунги вуго, 20I2 соналъ гьезу чIван вукIун вуго гьезул 231 чи, 7 лъукъунги вуго.