Россиялъул президент Владимир Путиница телефоналъул бухьен гьабун Германиялъул канцлер Ангела Меркелида лъазабун буго, Москваялъ адаб гьабизе бугин Крымалъул рищарухъабазул хIукмуялъулин.
Крымалъул бащдабчIинкIиллъи Украиналдаса батIалъун Россиялде гъорлъе ине бегьиялда хурхараб референдум халкъаздагьоркьосел къануназде данде кколин, лъазабуна Путиница.
Гьес гьединго жиндирго ургъел загьир гьабуна Украиналъул жанубияб ва жанубиябгун машрикъалъул рахъалда хIалуцараб ахIвал-хIал хIутIулеб букIиналда бан. Гьесул рагIабазда, гьединаб ахIвал-хIал загьирлъулеб буго украиналъул радикалиял къуватазе Киевалъ бокьа-бокьараб гьабизе тун букIилъе гIоло.