Россиялъ Крымалда хурхун билъанхъизабулеб политикаялъе жаваб хIисабалда Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница цебелъей гьабун буго Россиялъул Федералияб мажлисалъул гIахьалчагIазе Европаялъул улкабазде нух къаялъул.
Кэмэронил рагIаби рачунеб Reuters агентлъиялъ лъазабулеб буго, гьединал къагIидаби хIалтIизаризе кколин «риччазе бегьуларел» Москваялъул галабазул жигарго рахъ кколел политиказде дандейин.
Премьерас лъазабуна гьединго, Лондоналъ гьединал галаби гьариялда сверун консультацияби гьарунин ва жидер улкаялде хьвадиялъе гьединазе ресал къотIизариялъул суал гьоркьоб лъолеб бугин. Амма гьелда хурхун киналгIаги мухIканлъиял гьес рачун гьечIо.