Талат къоялда Ростовалда тIобитIараб пресс-конференциялда, Виктор Януковичица журналистазул кIвар буссинабуна гIицIго жив Украиналъул легитимияв президент ва рагъул къуватазул тIадегIанав нухмалъулев вукIиналде.
Гьес лъазабуна Украиналда «жидерго ишал гьарулел ругин ультранацияоналистазулги фашистазулги бандабийин. Гьез Киевалда гуребги регионаздаги рахъанин нухмалъиялъул идарабийин.»
Януковичица лъазабуна гьединго жив Киевалде нахъ вуссине вугин ахир-къадгийин.
Украиналъул цIияб нухмалъиялъ Виктор Януковичиде гIайиб гIунтIизабулеб буго Киевалда протесталъул акцияби унеб мехалда ургъунго гIадамал чIвай гIуцIиялъул. Араб анкьалда Интерполалде бачIана Янукович кквеялда хурхараб гьари.