«Тlалибан» гIуцIиялъ Афгъанистаналъул гаржданал ахIана жидерго хIинкъигьчIолъи цIунун, 5 апрелалде гьаркьал кьеялъул мурадалда къватIире лъугьунгутIиялде. Гьеб багъа-башариялъ рикIкIунеб буго президентасул рищиязул хIассилал цереккунго баянал ругин «Америкаялъ рихьизарурал рукIиналда банин».
Афгъанистаналда «Тlалибаналъ» рищиял хвезариялъе гьабулеб тIоцебесеб гали гуро гьеб.
2009 соналда рищиял тIоритIулеб мехалда гьез тIадекIанцIиял гьаруна кандидатазде ва официалиял хъулухъчагIазде. Доб нухалда гьаркьал кьолеб къоялда «Тlалибаналъ» гьарурал террактазул хIасилалда хвана 31 гIадатияв чи ва 26 рагъулавгун полицияв.