Нью-Йоркалда хамиз къоялъ кIалъазе вахъарав Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Пан Ги Муница абуна халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ Сириялда бугеб ахIвал-хIал рукIалиде ккезабизе ва паракъхалъи тIад чIезабизе кIолареблъиялдаса нечезе кколин.
Гьадинаб калам гьес гьабуна Руандоялда геноцид гьабуралдаса къого сон тIубаялда бан тIобитIараб тадбиралда. Доб мехалъ Руандаялда 800 гIазарго чи чIван вуго.
Пан Ги Муница гьеб тарихияб хIужаялда релъинабуна гьабсагIат Сириялда халат бахъунеб конфликт. Гьеб бугила халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъул кIудияб битIккечIолъи.
Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул баяналда рекъон Лъабго соналда жанив Сириялда 140 азарго чи чIван вуго.