Шамат къоялда Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ тасдикъ гьабун буго Харьковалъул колониялда туснахъалъул болжал бахъулей Юлия Тимошенко эркен гьайиялъул хIукму.
Гьебго данделъиялда ТIадегIанаб Радаялъул нухмалъулевлъун вищун вуго «Батькивщина» партиялдаса депутат Александр Турчинов. ВукIарав спикер Владимир Спивак жинцаго гIарза кьун нахъе лъугьана гьеб хъулъухъалдаса.
ТIадегIанаб Радаялъ хIукму гьабуна 2004 соналъул Конституция хIалIтизабизе байбихьиялъул. Гьелда цебе парламенталъ къабул гьабуна улкаялда сепаратизм биччангутрIиялъул хIукмуги.
Парламенталъ божунгутIиялъул вотум лъазабуна буго генералияв прокурор Виктор Пшонкае.
Украиналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ жиндирго сайталда бахъун буго лъазаби. Гьелда лъазабулеб буго «жиб тIубанго бугин украиналъул халкъалда цадахъин» ва ахIи балеб буго «цадахъ лъугьун жамгIияб низам цIуниялде».