Казахстаналда лъабго аслияб банкалъ халкъалде гьабураб хитIабалда ахIи балеб буго паника багъаризабугеян.
Алматыялъул ва Астанаялъул гIадамаз хехаб къагIидаялда банказдаса жидерго гIарац нахъе бахъизе байбихьун хадуб, Каспий-банкалъ, Альянс-банкалъ ва Центр-кредит банкалъ загьир гьабуна жидерго ахIи.
Гражданазул ургъел баккана интернеталда рехсараб лъабабго банк банкротлъиялде кколеб бугин абурал харбал раккун хадуб.
Провокациялъулал харбал тIиритIизаруразул хIакъалъулъ информациялъухъ Каспий-банкалъ кьолеб буго 500 азарго доллар. Анкьалъ цебе Казахстаналъул миллияб банкалъ тенгеялъул 19 проценталъул девальвация лъазабун хадуб, улкаялъул шагьаразда рагъарун рукIана протесталъул акцияби.