Ссылки для упрощенного доступа

Италиялда гIуцIулеб буго цIияб хIукумат


Италиялъул президент Джорджо Наполитаноца квагIал центристазул Демократияб партиялъул лидер Маттео Ренцида тIад къана цIияб министразул кабинет гIуцIизе.

Флоренциялъул мэр 39 сон барав Ренцица лъазабуна, талат къоялда жинца политикиял партиязулгун консультацияби гьаризе ругин ва гьелъие къваригIине бугин чанго къойин.

Араб анкьалда Демократияб партиялъул гIахьалчагIаз цIияб министразул кабинет гIуцIиялъул инициативаялъул рахъ ккун хадуб премьер-министр Энрико Летта нахъе лъугьана хъулухъалдаса. Ренцица гьебго партиялъул гIахьалчилъун кколев Леттаде гIайиб гIунтIизабуна улкаялъул экономика цебетIеялъе къваригIунел реформаби гьаризе бажарунгутIиялъул.

Маттео Ренцица Демократияб партиялъул нухмалъи гьабулеб буго цебесеб соналъул декабралдаса.
XS
SM
MD
LG