Афгъанистаналда президентлъиялде кандидатаз рагIи кьолеб буго коррупциягун къеркьезе ва тIалибалгун ракълилал кIалъа-ралъаял гьаризе. Президентасул рищиязул дебатазул тIоцебесеб раундалда кандидатазул цояв ва улка цIуниялъул миристрлъун вукIарав ГIабдул РахIим Вардакица абуна коррупциялъ «Афгъанистаналда кьаби щвезабулеб бугин улкаялда жанибги халкъаздагьоркьосеб даражаялдагийин». Гьел дебатал тIоритIун рукIана пачалихъияб телекомпания РТСалъ ва Эркенлъи Радиоялъул афгъаназул хъулухъалъул Кабулалда бугеб бутIаялъ.