Ссылки для упрощенного доступа

ГIиракъалда рагъал халат рахъунел руго


ГIиракъалда халат рахъунел руго Сулайман Бека шагьаралъул цо бутIа ва сверухъ ругел росаби ккурал яргъидгIуцIаразде данде пачалихъиял аскаразул къеркьей. Шагьаралъул мэр ТIалиб МухIамадида мугъчIвайги гьабулаго AFP-ялъ лъазабулеб буго аскарияз 12 яргъидгIуцIарав чIванин. Гьебго заманаялда Анбар провинциялда яргъидгIуцIараз ккун буго Фаллуджа шагьар. Гьеб мухъалда гIумру гьабулел гIадатиял гIадамазул къисматалда гIагили загьир гьабулеб буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ.
XS
SM
MD
LG