«Украиналъул халкъалъ жинцаго тIаса бищизе ккола политикияб кризисалдаса рорчIизе нух ва ниж божулел руго Украиналъул киналго партнеразги гьеб принципалъул рахъ кквезе букIиналда»,-гьедин абуна Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас рузман къоялда Алманиялда жиндирго коллега Франк-Вальтер Шейнмайергун цадахъ кьураб пресс-конференциялда. Гьес гьединго рикIкIунеб буго Евроцолъиялъ хIаракат бахъулеб бугин Украиналъе асар гьабизе, гьебги рехсараб Цолъигун ассоциациялъул къотIи-къай хъвазелъунин. Гьелда цебе «Коммерсант» газетаялъе кьураб интервьюялда Лавровас абун букIана Украиналъул суалалда бан Россиягун Евроцолъи «гьанже щун ругин щал кинал ругелали лъалеб лахIзаталдейин».