Ссылки для упрощенного доступа

Казахстаналъ тенгеялъе девальвация гьабун буго


Казахстаналъул Централияб банкалъ девальвация гьабун буго миллияб валюта-тенгеялъе. Банкалъ лъазабулеб буго гьелъие гIилла бугин тенгеялъе кверчIвай гьаби ва жанисеб базаралде цоги валютабазул интервенция дагьлъизабийин. Улкаялъул гIарац хисулел киналго бутIабаз чIезе тун букIана долларалгун ва евроялгун гьарулел операциял. Талат къоялда улкаялъул акционерияб биржа рагьилалде цо долларалъухъ кьолеб букIана 186 тенге, итни къоялъин абуни, гьелъухъ кьолеб букIун буго 156 тенге.
XS
SM
MD
LG