Freedom House абулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ Ираналъул тIалъи какулеб буго цIар арав шагIир ва хIаракатчи 32 сон барав Хашем Шаъбани чIваялъухъ. Гьев гъанкъун чIван вуго Исламияб инкъилабалъул диваналъул хIукмуялдалъун исана 27 январялда.
Гьесда ва жеги 14 чиясда чIвараб гIайиб – дин хIакъир гьаби.
Рехсараб диваналъул хIукмуялъе квер бакъи гьабуна Ираналъул президент ХIасан РухIаница.
Freedom House гIуцIиялъ абулеб буго Ираналда миллиял гIисинал къукъабазул вакилзабазде гьабулеб тIадецуй халат бахъунеб бугин РухIани президентлъун вищаралдаса нахъеги.
ЧIварав шагIир Шаъбани кколаан гIараб миллаталъул вакиллъун. Ираналда гьес гIараб маданият ва адабият бичIчIизабулеб букIана гIадамазде.
Гьес гьениб рагьана Диалогалъул институтги.