Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул лъай кьеялъул, гIелмуялъул ва культураялъул идара ЮНЕСКОялъ лъазабулеб буго гIемерисел улкабазда лъималазе лъай кьеялъул бугеб гIитIинаб даражаялъул хIакъалъулъ. Гьелъул докладалда, мисалалъе, лъазабулеб буго дунялалда 250 миллион лъимералда кIоларин я цIализе, я рикIкIине, я хъвазейин. Гьелдаго цадахъ абулеб буго дунялалъул улкабазул лъабго бутIаялдаса цо бутIаялда мугIалимзабазул 25 проценталъул бугин лъаялъул гьитIинаб даражайин.