Ссылки для упрощенного доступа

ООНалъ улкаби ахIулел руго терpористазул тIалабал тIуразарунгутIиялде


Террористаз гъоркьлъалие росарал эркен гьариялъухъ мухь кьеялдаса инкар гьабиялде улкаби ахIулеб резолюция тасдикъ гьабуна Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъул мажлисалъ. Гьединаб документ къабул гьабиялъул инициаторлъун кколеб Британиялъ рикIкIунеб буго, террористаз, гьединаб хIаракатлъиялдаса щолеб гIарац, хIалтIизабулеб бугин жидерго асар дагьалъги гIатIилъизабиялъе ва жидерго рахъ ккуразул кьерал цIикIкIинариялъеян.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялда Британиялдаса вакил Марк Лайл Грэнтица лъазабухъе, ахирисеб лъабго сонгун бащдалда жаниб «Аль-Каидаялъулгун» хурхен бугел ва цогидал гIуцIабазе гьединаб мухь хIисабалда щун буго бищун дагь босун 105 миллион доллар.

ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул резолюция тIубазабизе тIадаб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул щибаб I93-бабго улкаялъе. Амма документалда бихьизабун гьечIо резолюциялъул тIалабал тIуразаруларел улкабазде данде киналIгаги тадбирал.
XS
SM
MD
LG