Ссылки для упрощенного доступа

Шамалъ лъазабулеб буго конференциялдаса нахъе ине рукlиналъул


Женеваялда халат бахъунеб бугеб халкъаздагьоркьосеб конференциялдаса нахъе ине ругин жалин лъазабулеб буго Шамалъул делегациялъ шамат къо щвелалде оппозициягун хIасил кьолеб диалог ккечIони.
Гьедин абун буго Шамалъул къватIисел ишазул министр Валид Муаллемица гьеб диалогалда гьоркьохъанлъи гьабулев Лахдар Брахимиде.
Брахимица Шамалъул официалияб делегациягун кIалъа-ралъаял гьарун рукIана рузман къоялъул радал. Оппозициялъул вакилзабигун гьев дагьав кватIун дандчIвазе вукIана.
Брахимил аслияб мурад буго Шамалъул нухмалъиялда ва оппозициялда гьоркьоб битIараб диалог байбихьи.
Амма гьесул хIалтIул жеги кинал рукIаниги хIасилал гьечIо.
Гьеб «Женева-2» абун цIар щвараб фоорум рагьун букIана арбагI къоялда швейцариялъул Монтрё шагьаралда. Гьелъул мурад буго Шамалда 2011 соналдаса нахъе халат бахъунеб жанисеб конфликт ракълидалъун рагIалде бахъинабизе нухал ралагьи. Гьеб конфликталъул къурбаналлъун ккун вуго гьанжеялде 110 азарго чи.
XS
SM
MD
LG