Ссылки для упрощенного доступа

Януковичица лъазабуна хех гьабун ТIадегIанаб Рада ахIизе кколин


Украиналъул президент Виктор Януковичица лъазабуна хех гьабун ТIадегIанаб Радаги ахIун халат рахъинаризе кколин кризис рагIалде бахъинабиялда хурхарал кIалъа-ралъаялин.
«Украинская правда» газетаялъ лъазабулеб буго «Свобода» партиялъул лидер Олег Тягнибокица абунин акциячагIазда цебе оппозициялъул тIоцебесеб тIалаб бугин ТIадегIанаб Радаялъул иградулаб гуреб данделъиги ахIун Николай Азаровасул хIукумат хIалхьиялде битIиян. Гьединго оппозициялъ тIалаб гьабулеб бугин цIияб конституция къабул гьабизеги, парламенталъулгун президентасул рищиялги цадахъ тIоритIиян.
Тягнибокил рагIабазда рекъон, кIиабилеб тIалаб буго протесталъул акциязул гIахьалчагIи кинаб букIаниги жавабчилъиялдаса эркен гьари. Демонстрантал хвеялъе гIайиб бугел жавабчилъиялдеги цIазе ракIалда буго оппозициялда.
Киевалда 20 январалдаса нахъе рукIарал тунка-гIусиязул къурбаналлъун вахъун вуго щуго чи. Нухмалъиялъ абулеб буго гьезде провокатораз кьвагьанин. БатIи-батIиял лъукъа-къотIиял щун руго 300-гIан чиясе.
XS
SM
MD
LG