Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас абуна Шамалда рекъел гьабиялда сверун кIалъа-ралъаязде ахIун букIараб Ираналде гьанже гьениб къваригIун гьечIин лъазабизе Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ гьабураб хIукму «гъалатI» бугин, амма «катастрофа» гурин. Гьес гьедин абуна Москваялда талат къоялда кьураб пресс-конференциялда. Рехсараб гIуцIиялъул Генералияв секретарь Пан Ги Муница абуна Иран гьенибе ахIун букIанин Шамалда президент Башар Асадги гьечIого заманалъулаб хIукумат гIуцIизе кколин абуралда тIад Тегеран рекъон букIиналъин. Амма кIалъа-ралъаязда цересел къотIиял жидеца къабул гьаруларин Ираналъ лъазабун хадуб, Пан Ги Муница итни къоялъул къаси нахъе бахъун буго гьезие гьабун букIараб ахIи.