Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъул гIурусазе квербакъулеб программа


Гъизляралда гIумру гьабулеб буго Дагъистаналъул гIемерал гIурусаз.
Гъизляралда гIумру гьабулеб буго Дагъистаналъул гIемерал гIурусаз.

Дагъистаналъул хIукуматалъ хIадурун буго 2014-2017 соналъ гIурус миллаталъул дагъистаниязе квербакъулеб хасаб программа. Гьелда рекъон республикаялъул бюджеталдаса биччазе буго 373 млн. гъуруш гIарац. Киб хIалтIизабизе бугеб гьеб гIарац ва кинал хIасилал гьелъул рукIине ругел абураб суалалда хурхун цIех-рех гьабуна нижер мухбир Ражабов Рамазаница.

ГIурус миллаталъул дагъистаниязе квербакъулеб хасаб программаялда рекъон 2014-2017 соназ республикаялда гIумуялде рахъинаризе руго батIи-батIиял экономикиял, социалиял ва культуриял тадбирал.

Аслияб къагIидаялъ гьел хIалтIизаризе руго гIурус миллаталъул вакилзаби гIемер ругеб Дагъистаналъул Гъизляр ва Тарумовка мухъазда.

Программаялда рекъон бихьизабураб 373 миллионалъул I20 миллион гъуруш хIалтIизабизе буго исанаян бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул парламенталъул миллатазда гьоркьосел суалазул комитеталъул нухмалъулев Давдиев Камилица.

Гьесул рагIабазда рекъон, программаялъе биччараб гIарац хIалтIизе буго бакIал раялъе, хIалтIизе бакIал гIуцIиялъе, батIи-батIиял социалиял ва культуриял тадбирал тIоритIиялъе. ГьабсагIаталда рехсараб программаялъул проект хIадурун буго, амма тIубанго гьеб къабул гьабун гьечIо жеги.

Тарумовка мухъалъул администрациялъул нухмалъулесул ишал тIуралей Абрамкина Маринал рагIабазда рекъон, исана соналъ программаялда рекъон бихьизабураб 120 миллион харж гьабизе гьечIо, щайгурелъул республикаялъул бюджет дагь гьабун буго. Гьелъ бицана 15 миллион гъуруш гIарац гурони бачIине гьечIин тIадехун рехсарал тадбиразе.

Гьелдаго цадахъ, гьелъ бицана «Эркенлъи» радиоялъе, гIурусазе квербакъулеб программа ургъи цIакъ кIвар бугеб суал бугин гьеб, амма гIураб къадаралда гIарац биччачIони гьелъул хIасилал цIакъ дагьал гурони рукIине гьечIин. Хас гьабун гIурусазе гуреб, Гъизляр ва Тарумовкаялда ругел цоги дагъистаниязеги пайда буго гьеб программаялъул, хIатта гьеб программаялда цIар гIурусазул рахъ кколеб абун бугонигиян.

ГIурусал Дагъистан тун къватIире гIемерал гочунел руго, гьединлъидал гьел цIуниялъул мурадалда хIадурун бугин программа абун бицунеб буго жибго программаялда хурхун Дагъистаналъул хIукуматалъул официалияб сайталда. Марина Абрамкиналъул пикруялда рекъон, гIурусал гочиялъе гIилла буго гIицIго экономикияб.

«Гьеб гIадатияб ахIвал-хIал буго, гIадамал гIумру гьабизе бигьалъи бугеб бакIалде ин. ХIинкъи гьечIолъиялъул масъала гьаниб аслияб гуро», - ян бицана гьелъ ва Дагъистаналде тIадруссинаризе ккола гIицIго гIурусал гурел, киналго миллаталин тIадеги жубана.

Программа хIадураразул цояв, чанго соналъ гIурусазе квербакъулеб хасаб комиссиялъе нухмалъи гьабурав, миллиял гьоркьорлъабазул министр хисулев Зикрула Ильясовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб программаялда кIудияб хьул бугин.

Зикрула Ильясов: «Ахираб заманалда гьединал тадбиразул хIасилалда Дагъистан тун унезул къадар дагьлъи гуреб, нахъруссунелги руго. Республикаялъул хIукуматалъ ва президентас кIудияб кIвар кьолеб буго гьеб суалалде.

Мисалалъе, Дагъистаналъул хIукуматалда буго цоги кинабгIаги регионалда гьечIеб, гIурус миллаталъул дагъистаниязул масъалабазда тIад хIалтIулеб хасаб комиссия. Гьеб хIалтIулеб буго 1993 соналдаса нахъе ва гьеб мехалъго дица нухмалъи гьабулеб букIана комиссиялъе.

Гьединал ва гьел гурел цогидал, партияз ва муниципалиял гIуцIабаз гьарулел тадбиразул хIасилалда гIурусазул ихтиярал Дагъистаналда цIунун руго».
КъваригIун бугищ хас гьабун гIурусазул рахъ ккураб хасаб программа абураб суал кьуна нижеца жамгIияв хIаракатчи, «Вацлъи» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ГIадулхIалимов МухIамадие.

ГIабдулхIалимов МухIамад: «Хас гьарун гIурусал миллат хIисабалда гьеб программаялъулъ ратIа гьари битIараблъун бихьуларо дида, гьеб программаялъул хIажалъиги бихьуларо.

Дица кIигогIаги соналъ гIурму гьабуна Гъизляралда. Гьенир ругел гIурусал киназдего гIагарун руго хIалтIиги бугел, жидерго рукъзалги ругел, гIурмуялъул рахъалъ ресалда ругел чагIи. Гьезие квербакъулел хасал программаби ургъизе кколарилан пикру буго дир».

Рехсараб программа хутIун жеги батIи-батIиял программаби руго гIурус миллаталъул дагъистанияз кумекалъе ургъаралин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул парламенталъул миллиял гьоркьорлъабазул комитеталъул нухмалъулев Давдиев Камилица.

Давдиев Камил: «Дагъистаналъул гIурусазе квербакъулеб хасаб гьеб программа хутIун, гьабсагIаталда ургъун буго Дагъистаналда казаказул гIуцIабазе квебакъулеб хасаб программа.

Амма гьеб цебехун рехсараб программаяда жанибе ине бегьула, щайгурелъул гьеб кIиябго программаялда цере чIарал масълаби ва гьарулел тадбирал цого цо ругилан абизе бегьула.

ГIурус миллаталъул дагъистаниязул масъалаби роцIцIунеб, хIукуматалда бугеб хасаб комиссия букIинги нужеда лъалеб батила. Гьеб гуреб, буго 2007 соналъ хIадурараб республикаялъул хасаб программа «ГIурус мацI» абураб.

Рехсараб программаялъул масъалабиги гьелго ругилан абизе бегьула. Гьединабго цIияб программа гьабсагIаталда хIадурун буго 2014-2017 соназде».

2014 соналъ гIурусазул рахъ ккураб программаялъе гIарац дагь гьабизе бугоян абизе жеги цудунго буго. Бюджет дагьлъани цо-цо культуриял тадбиразе биччалеб гIарац гурони, аслиял тадбирал гIумруялде рахъинаризе руго.
XS
SM
MD
LG