Россиялъ Ираналъул нарт бичун босиялъул суалгун гьоркьоб Москваялъулгун Тегераналъул кIалъа-басаял унел ругин абураб хабаралъ Цолъарал Штатазул президент Барак Обамал администрациялъул рахIат хвезабулеб буго.
Гьадин лъазабуна Reuters агентлъиялъе ХъахIаб Рукъалда цебе бугеб миллияб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул Шураялъул вакил Кейтлин Хэйденица.
Гьелъул рагIабазда рекъон Америкалъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица гьадинаб рахIат гьечIолъи загьирабунин Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасде.
Гьадинал кIалъа-басаял хIакъикъаталда унел ругищ-гьечIищали, официалияб куцалда дурус гьабун гьечIо.