Ссылки для упрощенного доступа

МухIамадов Москваялде митингалде виччалев гьечIо


26 январалда МахIачхъалаялда митинг гьабизе тIаде босаразул цояв, Дагъистаналдаса МухIамад МухIамадовасда тIад хIалтIи гьабулеб буго низам цIунулез миллатаздаги диназдаги гьоркьоб рикьи ккезабиялда хурхун.

Гьедин лъазабуна гьесда ахIун хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалдегун.

Гьединго МухIамадовасул рес гьечIо митингалда гIахьаллъизе Москваялде инеги, щайин абуни цIех-рех лъугIизегIан МахIачхъалаялдаса къватIиве инарин абураб кагътида гъоркьги гъулбас гьабизабун буго гьесда.

Хъизаналда бугеб ахIвал-хIалги хIисалде босун, жидеца дуда цебе гьединаб шартI лъолеб бугин, гуребани, жанивги тIамун дагьабги кIудияб шартIги лъезе рес букIанилан абун буго цIех-чияс МухIамадовасда.

Низам цIунулез гьесда сверухъ цIех-рех байбихьиялъе гIиллалъун ккана кIиго соналъ цебе Москваялда букIараб пресс-конференциялда МухIамадовас абурал рагIаби. Гьел дуца абурал рагIаби ругищин цIехон буго гьесда цIех-рехчияс. Ругилан жаваб кьун буго гьесги.

Гьедин кIиго соналъ цебе Москваялда букIараб пресс-конференциялда МухIамад МухIамадовас абурал рагIабазул магIна гIага-шагарго гьадинаб букIун буго.

МухIамад МухIамадов: «Диназдаги миллатаздаги гьоркьоб улкаялда бугеб ахIвал-хIал гьабсагIат бугеб гIадаб хутIани хаду-хадубги, кIалагъоркье чIвазе бугин ишилан абун букIана дица гьениб. Щивниги чIвайин, кьвагьизавеян, инжит гьавеян ахIи бан букIинчIо.

Гьединго абун букIана нижеда абулин Россиялда нуж, кавказиязиялгун дагъистаниял, доре нужехъего тIадруссаян. Амма гьенирего тIадруссаниги щибин, ислам дин ккураб бакI букIаниги, масала, Дагъистаналдаги дандчIвалин нижеда ислам диналъул тIалабазе квалквал гьабулел хIужаби – школазда васалгун ясал цадахъ цIализари батаниги, ясаз хIижабал чIвазе гьукъи батаниги.

Гьел квалквалал рукIуна бакIалъул нухмалъулезул рахъалдасан. Гьедин абун букIана дица доб пресс-конференциялда. Щайгурелъул иш гьедин хутIани, унголъунги халкъалъул разилъи гьечIолъи цIикIкIине буго, гьединан конфликталдеги сверизе буго.

Цойги тIадежубан букIана дица гьел суалал цойиде ккезаричIони, улкаялъул цебетIей букIине гьечIин.

Гьединлъидал хъата-масан гьелги тIуран, кутакалда магIнаяб куцалда улкаялда жанибги гьеб тун къватIибехунги политика билълъанхъизабизе кколин абун букIана дица».

Гьедин баян гьабуна МухIамад МухIамадовас хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъ жинде гIунтIизабулеб гIайибалъе бугеб гIилла.

Амма кIиго соналъ цебе букIараб пресс-конференция гьанже гурони гьезда ракIалде щунгутIиялъул магIна бичIчIулеб гьечIо.

Гьеб хъулухъалъул хIалтIухъабазда гьелъул хIакъалъулъ гьанже гурони лъачIогойищ, яги МухIамад МухIамадов 26 январалда Москваялде митингалде инчIого чIезавизе къваригIинищ?

Гьединал суалал кьолел руго живго МухIамадовас. Аслияб куцалда митингалда хурхинабулеб буго гьес гьеб.

ЭР-ялъ цебеккун бицун букIана гьеб митинг гьабулезул цогидав, Абакар Абакаровасда сверухъ ургъаралъулги.

ЦIияб соналъул байрамкъояз МахIачхъалаялде щвейгун гьесда лъан буго Дагъистаналъул полициялъ изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ суратги лъун, жив экстремистазул сияхIалде восун вукIин.

Гьениб гьесда мегежги рекIинабун рагIула. Сураталда гъоркь хъвараб телефоналъул номерги, цIарги, фамилияги Абакарил, амма инсул цIар батIияб бугила.

Амма прессаялда гьеб ахIи-хIур бахъингун жанисел ишазул министерлъиялъ гьелда тIасан кинабгIаги баян кьечIо. Гьединго Абакаровасул сурат гьечIоан МахIачхъалаялда бугеб гьеб министерлъиялъул аслияб минаялда цебе экстремистазул суратал чIвараб хъорщодаги.

Исламалдаги, Кавказалдаги, миллатаздаги хурхун Россиялда бугеб рокьукълъиялда дандечIун Москваялда, Манежалъул майданалда, митинг тIобитIизе буго Кавказалдасагун Гьоркьохъеб Азиялдаса вакилзабаз,

Татарстаналдаса диниял гIуцIабаз. Гьеб митинг гьабунгутIизелъун квалкал гьаризе бегьулин лъазабун букIун буго лъале-хъвалез Абакаровасдаги гьесул гьалмагъзабаздаги.
XS
SM
MD
LG