Ссылки для упрощенного доступа

Бангкокалда демонстрантазде кьвагьдун руго


Бангкокалда нухмалъиялде данде демонстрация тIобитIулеб мехалда жал щалали гьанжеги лъазаричIел кьвагьдеялъул хIасилалда лъукъун вуго бищун дагь босун анкьго чи.

Полициялъул лъазабиялда рекъон, араб сардикъ таиландалъул тахшагьаралул централда бугеб оппозициялъул мархьиялде тIадекIанцIана кIиго нухалда.

Гьелда цебесеб къоялда нухмалъиялде данде ругездаги рахъ кколездаги гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялда зарал ккана анлъго чиясе. Оппозициялъ тIалаб гьабулеб буго премьер-министр Йинглак Чинават хъулухъалдаса нахъе ин.
XS
SM
MD
LG