Мисралъул президентлъиялдаса махIрум гьавурав МохIамад Мурсида тIад диваналъул процесс бахъун буго 1 февралалде. Информалатаз лъазабулеб буго, диванчияс гьединаб хIукму гьабунин Мурси туснахъалдаса щвезавиялъе данде кколареб гьава-бакъ багьанадеги бачунин.
Оппозициялъул рахъ кколел демонстрантазде данде къуват хIалтIизабиялде гьесизариялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго вукIарав президентасде ва гьесул рахъ кколеб «Бусурбаби-вацал» абураб исламистазул гIуцIиялдаса I4 чиясде. Гьезие диваналъ тIолабго гIумруялъул туснахъалъул тамихI къотIизе рес буго.
Мурси президентлъун вахъана 30 соналъ хъулухъалда вукIарав Хосни Мубарак тIаса рехун хадуб, тIолабго халкъ гIахьаллъарал рищиязул хIасилалда. 2013 соналъ риидал ахирисесде данде тIоритIарал акциязул хIасилалда гьев ватIа гьавуна жамгIияталдаса.