Ссылки для упрощенного доступа

Афгъанистаналда валагьулев вуго жиндирго яц хвелалде йитIарав вац


Афгъанистаналда низам цIунулел гIуцIабаз валагьулев вуго хIал гьабун 10-гIанаб сон барай жиндирго яцалда «шагьидалъул» рачел барав радикалияв исламист.

Гьей гьесизаюн йикIун йиго жийго полициялъул посталда кьвагьизайиялде.

Спожмай абурай ясалъ полициялда лъазабухъе, вацас хIинкъиял кьун ва къуват хIалтIизабун ретIун буго гьелда бомба. Гьей яс ккун йиго гьатIан къоялда Гильменд провинциялда полициялда аскIой жийго кьвагьизайизе хIалбихьараб мехалда.

Полициялъул лъазабиялда рекъон. Гьелда бажарун гьечIо кьвагьулеб алаталъул кнопка мерхьизе.
XS
SM
MD
LG