Ссылки для упрощенного доступа

Инсанасул ихтиярал хвезариялда хурхараб 120 хIукму къотIана ЕСПЧялъ 2013 соналда.


Интерфакс агентлъиялъ лъазабухъе, Россиялъул Юстициялъул министерлъиялъул хIисабалда рекъон, 2013 соналъул 20 декабралде щвезегIан Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун европаялъул диваналъ 120 хIукму къотIана.

Гьел киналго ишал хурхарал руго россиялъул нухмалъиялъ Инсанасул ихтиярал ва эркенлъиял цIуниялда сверун конвенция хвезабиялда. Министерлъилъ гьединго лъазабуна, Европаялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб диваналъул Россиялда хурхун гьарурал хIукмуязда ва компенсациязда хурхараб кинабго информация къватIиб чIвазабизе бугин 2014 соналъул тIоцебесеб кварталалдайин.
XS
SM
MD
LG