Ссылки для упрощенного доступа

ГIиракъалъул премьерас Фаллуджаялъул гIадамал ахIулел руго яргъид гIуцIарал нахъе къотIиялде


ГIиракъалъул премьер-министр Нури-аль Маликица Фаллуджаялде хIукуматалъул къуватал ритIичIого рорчIиялъул мурадалда шагьаралъул халкъ ахIана Аль-Каидаялъул исламистал шагьаралдаса нахъе къотIиялде.

Пачалияхъияб телевидениялда калам гьабулаго, гьес лъазабуна, гьел террористал кколин ва шагьаралде рагъул къуватал рит1ани, гьелъ рагъулал тунка-гIусиял рагъаризаризе бегьулин.

Цебе лъазабулеб букIана гIиракъалъул нухмалъи хIадурулеб бугин исламистаз ккураб Ансар провинциялъул мухъал суннитазул яргъид гIуцIараздаса бацIцIинабизеян.

Араб анкьалда «ГIиракъалъул исламияб пачалихъ ва Леванта» абураб Аль-Каидаялде хурхен бугел радикалияб гIуцIиялъ жидерго контроль чIезабунин Фаллуджи ва Рамади шагьаразда тIадин.

Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица гьатIан къоялда лъазабуна, Вашингтоналъ гIиракъалъулазе бажарараб кумек гьабизе бугин. Гьелдаго цадахъ бичIичIинабуна, цIидаса Цолъарал Штатазул къуватал гьенире ритIиялъул гъира гьечIеблъи.
XS
SM
MD
LG