Ссылки для упрощенного доступа

Индиялъул премьерас лъазабуна жив хIалхьиялде ине вугин


Индиялъул премьер-министр Манмохан Сингх Нью Делиялда, 05Дек2013.
Индиялъул премьер-министр Манмохан Сингх Нью Делиялда, 05Дек2013.
Индиялъул премьер-министр Манмохан Сингхица лъазабуна парламенталде иргадулал рищиял тIоритIун хадуб жив хIалхьиялде ине вугин. Гьел рищиял тIоритIизе руго исана риидал. 81 сон барав Сингхица лъазабуна рузман къоялда кьураб пресс-конференциялда жив нахъе ине вугин жинца бетIерлъи гьабулеб «Индиялъул миллияб Конгресс» абулеб партия лъабабилеб нухалда бергьаниги. Манмохан Сингхица Индиялъул хIукуматалъе нухмалъи гьабулеб буго 2004 соналдаса нахъе.
XS
SM
MD
LG