Ссылки для упрощенного доступа

Ираналъе ракIалъе гIолеб гьечIо оппозициялъузулгун гара-чIвари


Ираналъул диссиденталгун Евроцолъиялъул вакильзаби данчIвай жидее ракIалъе гIун гьечIеблъи загьир гьабуна ираналъул нухмалъилъ.

Талат къоялда рагIалде бахъараб Ираналде анлъгокъоялъулаб визит тIобитIулеб мехалда Европарламенталъул микьго гIахьалчи данчIвана инсанасул ихтиярал цIунулей Насрин Сотудехгун ва кинорежиссер Джафар Панахигун.

ИСНА агентлъиялъ гьатIан къоялда лъазабухъе, гьезулгун гара чIвари гьабурал Ираналда бугеб Грециялъул вакиллъиялъул хIалтIухъаби шамат къоялде ахIун рукIун руго ираналъул къватIисел ишазул министерлъиялде. Гьезде загьир гьабун буго официалияб Иран лъугьа-бахъаралда разигьечIеблъиялъул пикру.

Ираналъул парламенталъул депутат, консерватор Казем Джалалица лъазабун буго гьел галаби къабул гьаризе кколин ираналъул жанисел ишазде гъорлъе лъугьин хIисабалдаян.

Сотудех ва Панахи аресталде гъоркье росун рукIана 2009 соналъул МахIмуд АхIвадинеджад бергьарал президентасул рищиязда хадур.

Оппозициялъул пикруялда рекъон, гьел рищиязда гьабун букIана макру-хIилла. Гьаб соналъул сентябралда Насрин Сотудех ва Джафар Панахи цоги анцIго политикияв туснахъгун цадахъ эркен гьарун руго.
XS
SM
MD
LG