Президентасул хъулухъалдаса тIаса рехарав Мисралъул президент МохIамад Мурсиде тIадеги гIунтIизабун буго 2011 соналда туснахъалдаса лъутIиялъул гIайиб.
Гьеб иш гьединго хурхараб рагIула цогиги 132 чиясда. Гьезда гъорлъ руго гьединго «Бусурбаби-вацал» гIуцIиялъул чанго лидер, ХАМАС ва «Гьезболла» абурал радикалиял гIуцIабазул гIахаьлчагIи. Туснахъалдаса гьел лъутун рукIун руго доб заманалъул президент Хосни Мубаракиде данде халкъ бахъараб мехалда.
МохIамад Мурси улкаялъул бетIерасул хъулухъалдаса махIрум гьавун вукIана рагъулаб къагIидаялда гьаб соналъул июлалда.