Шамат къоялда туркиялъул шагьаразда тIоритIулел руго хIкуматалде данде протесталъул акцияби. Демонстрантаз тIалаб гьабулеб буго премьер-министр Реджеп Эрдоган ва коррупциялъул скандалалде хурхен бугеб хIукуматалъул кабинет хъулухъалдаса нахъе ин. Нижер мухбирасул лъазабиялда рекъон, цIехрех унеб букIиналда бан аресталде гъоркье восун рагIула 52 чи. Uьездаго гъорлъ кIиго министрасул лъималги ва гьединго "Халкбанкасы" абураб банкалъул генералияв директорги.
Туркиялъул информалатазул лъазабиязда рекъон, Жанисел ишазул ва экономикаялъул министрал Муаммер Гулериде ва Зафер Чаглайаниде гIайиб гIунтIизабун буго ришват кьолеб ва босулеб мехалда гьоркьохъанлъи гьабиялъул.
"Халкбанкасыялъул" бетIер Сулейман Асланиде гIунтIизабулеб буго Ираналде легалияб гуреб къагIидаялда месед бичиялъул. Халкъазда гьоркьосел санкциязул режималда рекъон, Ираналде хирияб метал бичизе гьукъараб буго.
Хамис къоялда Эрдоганица лъазабуна, «гьел провокациялъулал» галабазде хурхен бугин къватIисел почалихъазул дипломатазулин. Жиндирго рахъ ккуразда цеве вахъунаго гьес хIинкхиял кьуна дипломатиял идарабазул бутIрул улкаялдаса нахъе къотIиялъул.
Премьер-министр Реджеп Эрдоганил сверухълъиялда гьединаб масштабалъул коррупциялъул иш багъарун бугно тIоцебесеб нухалда.
Туркиялъул хIукуматалъ рикIкIунеб буго гьеб цIех-рехалда гъоркь политикияб кьучI бугин ва гьелъул мурад кколин хадусеб соналъул президентасулги бакIалъулалги рищиязда цебе нухмалъиялда бугеб партиялъул къадру хвезабиян.