Америкаялъул Пачалихъияв секретарь хисулей Виктория Нуландица лъазабуна Киевалда протесталъул акциялъул гIахьалчагIазде данде къуват хIалтIизаби демократияб жамгIияталда «кинго букIине бегьулеб иш гурин».
Президент Виктор Януковичгун букIараб данделъиялдаса хадуб Нуландица журналистазда абуна Америка божулеб бугин Украиналъул Европалъулаб букIинисеб хвасар гьабизе кIвезе букIиналдайин.
Януковичгун арбагI къоялда дандчIван йикIана ЕвроЦолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул нухмалъулей Кэтрин Эштонги. Гьей хисун Киевалде вачIине вуго ЕвроЦолъиялда нухмалъиялда бугеб Литваялъул къватIисел ишазул министр Линас Линкявичюс. Гьев гIахьаллъизе вуго Украиналъул хIукуматалда ва оппозициялда гьоркьор тIоритIизе ругел кIалъа-ралъаязда. Гьедин лъазабулеб буго ВNS агентлъиялъ.
Талат къоялъул сардилъ Жанисел ишазул министерлъиялъул хасал аскараз хIаракат бахъулеб букIана «Евромайданалдаса» гIадамал хъамизе. Гьез къасд гьабулеб букIана акциячагIазул чIовудабакIал риххизаризе ва радал хIаракат бахъун букIана Киевалъул администрациялъул минаялъе гьужум гьабизе. Гьеб минаялъур кьижула акциячагIи. Амма радал гьенибе халкъ бакIаризе байбихьараб мехалда хасал аскарал нахъе къала.
Киевалда ва Украиналъул цоги шагьаразда евроинтергациялъул рахъ кколезул акциял байбихьун рукIана 21 ноябралда. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана ЕвроЦолъигун ассоциация гьабиялъул къотIи хъваялъул иш заманаялъ чIезабизе хIукуматалъ хIукму гьаби.