Ссылки для упрощенного доступа

Манделагун къо лъикI гьабиялъул церемония


Америкаялъул президент Барак Обама Манделагун къо лъикI гьабиялъул церемониялда, Йоханнесбург, 10Дек2013
Америкаялъул президент Барак Обама Манделагун къо лъикI гьабиялъул церемониялда, Йоханнесбург, 10Дек2013
Йоханнесбургалда Соуэто абулеб мухъалъул стадиоялда чвахун балеб цIадукь талат къоялда тIобитIулеб букIана Жанубияб Африкаялъул республикаялъул вукIарав президент Нельсон Манделагун къо лъикI гьабиялъул церемония. Гьев гIумруялдаса ватIалъун вукIана араб анкьалда.
Ахирисеб нухалда гIадамазда цеве 2010 соналда Мандела вахъараб гьеб стадиоялда талат къоялда вукIана дунялалъул 70-гIан улкаялъул лидер. Улкаялъул нухмалъиялъ цIакъ кIудияб кIвар кьолеб букIана рачIарал гьалбазул хIинкъигьечIолъи цIуниялъе.
Йоханнесбургалда тIобитIараб мемориалияб тадбир гьенир гIахьаллъарал дунялалъул политиказул къадаралде балагьун дунялалда бищунго кIудиязул цояблъун кколеб буго.
Апартеидгун къеркьеялъухъ Нобелил ракълилаб премия щварав Жанубияб Африкаялъул республикаялъул тIоцевесев чIегIерав президент Манделае букIана 95 сон. Пачалихъалъ гьев вукъизе вуго 15 декабралда.
XS
SM
MD
LG