Америкаялда рекIкI гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулел Россиялдаса 11 дипломат ва гьезул лъудби кIватIичIого гьениса тIадруссине руго. Гьедин лъазабулеб буго «Коммерсанталъ».
Гьелъулго баяназда рекъон, бицен гьабулеб буго Вашингтоналда вугев Россиялъул вакиллъиялъул хIалтIухъанасул, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда хIалтIулев вукIарав щуго чиясул ва гьезул лъудбузул. Гьеб ишалда сверун унев жеги 38 чияс гьанжеялде Америка тун буго.
Араб хамиз къоялда Нью-Йоркалъул цо мухъалъул прокуратураялъ Россиялдаса 49 чиясда гIунтIизабуна рекIкI гьабиялъул гIайиб. Гьел кколел руго рукIарал ва жеги хIалтIулел ругел дипломаталги гьезул лъудбиги. 2004 соналдаса 2013 соналде щвезегIан гьез Америкалда язихъал гIадамазе бихьизабураб ай медикияб, льготаби рихьизарураб Medicaid абураб пачалихъияб программаялдаса пайда босулеб букIун буго. Пачалихъалъе гьез гьабураб зарал бахунеб буго цо миллионгун щунусго долларалда.