Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал суратал
Анкьил тIаса рищарал суратал, 2-8 декабрь.

1
Япониялъул аскарияз Перл-Харбор абулеб аэропорталде гьужум гьабуралдаса 72 сон тIубаялда бан 7 декабрялда тIобитIараб тадбиралда гIахьаллъарал ветеранал. (AFP)

2
Киевалда бугеб Украиналъул президентасул кIалгIаялда цебе евроинтеграциялде руссараз гIуцIараб митинг. 7 декабрь.

3
Лондоналда бугеб Трафальгар абулеб майдан. Гьалкъояз гIумруялдаса ватIалъарав Жанубияб Африкаялъул вукIарав президент Нельсон Манделал хIурматалъе букIараб тадбир. 7 декабрь. (Reuters )

4
Гьиндустаналъул суратчияс жиндирго малъалда Нельсон Манделал сурат бахъулеб буго. ( AFP )

5
Киев. Эркенлъиялъул майдан. Евроцолъиялъул ва Украиналъул байрахъал эхеде рорхун, евроинтеграция тIалаб гьабулел гIадамал. ( ЕРА )

6
Жанисел ишазул министерлъиялъул хъулухъчагIигун кIалъалей Евроинтеграциялде юссарай украинай. (Reuters / Василий Федосенко )

7
Гамбург. ЧчугIил базар «Ксавьер» абулеб гIазул гьури бахъараб къоялъ. ( AFP / DPA )

8
«Ксавьер» абулеб гIазул гьороца Алманиялъул Шималияб ралъдал рагIаллъиялде кьабун, кIудияб зарал гьабун буго. ( Reuters )

9
ГIиракъалъул Наджаф шагьаралда террористаз гьабураб суицидалияб гьужумалъул хIасилалда чIварав чи гьесул гIага-божарал абадияб рукъове регIинавулев вуго. ( Reuters )

10
Франциялъул Экс-ан-Прованс шагьаралъул диваналде щвезавурав Гуржистаналъул улка цIуниялъул вукIарав министр Давид Кезерашвили. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – ришватчилъи ва коррупция. Жиндир ватIаналда гьев цIех-рехалде лъазавун вуго. Аппеляционияб диваналъ хIукму гьабун буго гьев жанив тезе гьев Гуржистаналде экстрадиция гьавиялда хурхараб къотIи гьабизегIан. ( AFP )

11
Дипломал щварал Афгъанистаналъул акушеркаби Нангархар вилаяталъул Жалалабад шагьаралъул губернаторасул Рукъалда цебе гIуцIараб тадбиралда. ( AFP )

13
Россиялъул бетIерав раввин Берл Лазар (квегIса укъабилев) Ханука абулеб жугьутIазул байрам кIодо гьабулеб буго Бутырка абулеб Москваялда бугеб туснахъалда. ( AFP / Кирилл Кудрявцев )

14
ХIукуматалде данде чIарал демонстрантаз Киевалда бугеб Эркенлъиялъул майданалда футбол хIалел руго.

15
Афгъанистаналъул хасаб хъулухъалъул Герататла бугеб цIалул идара цIалун лъугIарал рохалилаб тадбиралда. (ЕРА)

17
Афгъанистаналъул Лахор абулеб бакIалда ккараб лъугьа-бахъин. (Reuters / Mohsin Raza )