Ссылки для упрощенного доступа

ГIумруялдаса ватIалъана Нельсон Мандела


ТIолго дунялалъул церехъабаз ракIалде швезавулев вуго хамиз къоялъ гIумруялдаса ватIалъарав Жанубияб Африкаялъул Республикаялъул вукIарав президент Нельсон Мандела.

Гьез абулеб буго Мандела вукIанин XX- билеб гIасруялда асар кIудиял политиказул цоявлъун.

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца буюри кьуна зигара хIисабалда пачалихъияб байрахъ гIодобе биччазе.

Америкалъул президентас абуна Мандела абадиялъго инсаниятлъиялъул ракIалда хутIилин.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Пан Ги Муница абуна Мандела вукIанин ритIухълъиялъул нартлъун.

Нобелил ракълилаб премиялъул лауреат Нельсон Манделие 95 сон тIубана. Гьес туснахъалда 27 сон бана.
XS
SM
MD
LG