ГУЛАГалда хурхун гIемер документал рукIаниги, цо-цо «балъголъиял» загьирлъулел руго жакъаги. ХIалтIул мархьиязда гIадамал хIалтIизарулел рукIун руго хвезегIан. ГУЛАГалда хурхен бугеб "Хвалил нухалъул" хIакъалъулъ чанго жо лъалеб букIун гьечIо гьанжелъезегIан. "Хвалил нух" кколеб рагIула I947 соналда гIумруялде бахъинабизе байбихьараб Сталинил проект. Гьелда рекъон Сибиралъул шималияб рахъалда чIорогосел гIатIалъиязда разе кколел рукIун руго маххул нухалъул гIаркьелалъул кIудияб къадар. 1953 соналда Сталин хун хадуб гьеб проект гIумруялде бахъинаби чIезабун буго. Амма гьеб заманалде бан буго магIна гьечIеб маххул нухалъул 700-гIанаб километр. Чехиялдаса фотограф Степан Черноусек щун вуго гьенир ран рукIарал мархьиязде.
ГУЛАГ ва "Хвалил нух"

1
Баянго бихьулеб буго, "Хвалил нух"баялъе гIуцIарал мархьиязда гIумруялъул шартIал минималиял рукIараблъи.

2

3
Туснахъал кьижулеб бакI.

4

5
Нухал ралелъул хIалтIизарулел рукIарал цо-цо локомотивав хутIун руго рукIарал бакIаздаго.

6

7
ХIалтIи чезабураб бакIалдаго тун руго цо-цо инструменталги.

8

9
Гулагалъул хъаравуллъиялъул объект.

10

11
Кибе унебали лъалареб маххул нухалъул хутIелал.

12

13