Украиналъул парламенталъул оппозициялъ тIалаб гьабулеб буго 3 декабралда ТIадегIанаб Радаялъул букIинесеб данделъиялда хIукуматалде божилъи гьечIолъиялъул суал гьоркьоб лъей.
Гьеб гуребги, оппозициялъ ахIи балеб буго Жанисел ишазул министр Виталий Захарченко жавабчилъиялде цIаялде.
Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – 30 ноябрялда Киевалда бугеб Эркенлъиялъул майданалда демонстрантал нахъе гъолеб мехалда би гIодобе тIезаби.
Информалатаз лъазабулеб буго Одессаялда ругел жанисел аскариял хIадурал ругин Киевалде ине демонстрантазде данде.