Евроцолъиялъул лидераз лъазабуна, Украиналъулгун интеграциялда хурхарал кIалъа-басаязде гъорлъе Россия лъугьин тIокIаб хIехьезе гьечIин.
Вильнюсалда «Машрикъалъулгун партнерлъи» абураб саммит рагIалде бахъинабулаго, Еврокомиссиялъул бетIер Жозе Мануэль Баррозуца лъазабуна, евроцолъиялъул цогидал улкабазулгун кIигорахъалъулал кIалъа-басаязде гъорлъе лъабабилеб рахъ гъорлъе лъугьин, гьеб данде кколеб жо гурин.
Баррозул рагIабазда, гIорхъаби ругел суверенитеталъул заманал Европаялда лъугIана.
Европаялъул мажлисалъул бетIер Херман Ван Ромпеййица абуна, Украинаги Евроцолъиги ассоциациялда хурхараб къотIи-къай гъулбасиялде хIакъикъаталдаги гIагарлъун рукIанин. «Нилъ гIорхъаби тун къватIиса бугеб тIадецуялдаса бергьине ккола». – ян жубана Ван Ромпейица.
Вильнюсалъул саммиталда Евроцолъиялъул лидеразда бажаричIого укариналъул президент Виктор Янукович гъулбас лъеялъул галиялде инавизе. Амма ахирисес лъазабуна, Украиналъ гьеб гьабизе бугин букIинеселдайин.