Украиналъул Евроцолъиялъулгун интеграциялъул рахъ кколелб протесталъул кIиго къокъаялъул лидераз лъазабуна, жидерго цого мурадал ругин ва жидер “евромайданазул» тIалабал цого ругин. Гьез гьабураб цадахъ лъазабиялда абулеб буго, талат къоялда европаялъулгун ассоциациялъул идеялъул рахъ кколеб букIин загьир гьабуизе украиналъул анцI-анцI шагьаразул аза-азар чи къватIиве вахъанин.
Лъазаби гъулбасун буго jппозициялъул лидерал Арсений Яценюкица, Виталий Кличкоца, Олег Тягнибокица. Гьезул рахъ ккурал Киевалда данде ракIарун руго Европаялъул майданалда.
Гьебго заманалда гьединалго акцияби гьукъун руго Черкасскалда, Луганскалда, Черниговалда, Одессаялда, Харьковалда, Днепропетровскалда ва Кременчугалда.