Ссылки для упрощенного доступа

Карзайица цIидасан нахъбахъун буго Америкагун къотIи-къаялда гъоркь гъулбаси


Афгъанистаналъул президент ХIамид Карзайица цIидасан заманаялъ нахъбахъун буго хIинкъигьечIолъи цIуниялъул суалазда сверун Америкагун къотIи-къаялда гъоркь гъулбаси. Assotiated Pressалъ лъазабухъе, гьес абун буго жиндир улкаялда рекъел букIинабиялда Америкаялъул ракI чун букIин бичIчIине Афгъанистаналъе дагьабги заман къваригIун бугин. Карзайица гьединго тIадчIей гьабун буго америкалъул аскарияз афгъаниязул рукъзабахъе гьарулел рейдал чIезе тезе ккеялдаги.
Гьеб къотIи-къаялда гъоркь гъулбас кида лъезе бугебали Карзайица мухIкан гьабун гьечIо.
Гьеб къотIи-къаялда рекъон гIуцIизе ккола тIасияб соналда НАТОялъул аскарал нахъе ун хадуб Афгъанистаналда хутIулел америкаялъул аскариязул хIалтIи.
XS
SM
MD
LG