Ссылки для упрощенного доступа

Вашингтонги Кабулги цо пикруялде рачIун руго


ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул рахъалъ къотIи-къаялда сверун цо пикруялде рачIун руго Америкаги Афгъанистанги. Гьедин лъазабуна Америкалъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица.
Гьеб къотIи-къаялда рекъон бачине буго тIасияб соналъ НАТОялъул аскарал нахъе ун хадуб Афгъанистаналда хутIулел Америкалъул аскариязул хIалтIи. Гьениб американиязул хутIизе бугеб контингенталъул къадар жеги лъалеб гьечIо, амма Керрил рагIабазда рекъон, гьеб кIудияб букIине гьечIо.
РакIалде кколеб букIана Афгъанистаналъул президент ХIамид Карзайица гьеб къотIиялда гъулбас лъеялде цебе тIадчIей гьабизе бугин рагъулаз, гIалатI ккун, гIадатиял гIадамал чIваялъухъ Вашингтоналъухъ тIаса лъугьин тIалаб гьабизе бугин. Керрица бицана «тIаса лъугьин тIалаб гьабулеб букIинчIин ва гьелъул биценго букIинчIин».
Гьеб къотIи гьанже Карзайица босизе ккола харабазул Шура Лоя-Джиргаялъул диваналде. Гьезул ихтияр буго гьелда бокьараб хиса-баси гьабизе яги тIубанго нахъ чIвазе. Гьеб мехалда Афгъанистаналъул парламенталъ гьеб къабул гьабиялдаги щаклъи буго. Цо-цо афгъаназе рекIее гIолеб гьечIо гьеб къотIиялда рекъон американиязе юридикияб иммунитет кьолеб бутIа.
XS
SM
MD
LG