Исана 27 октябрялда «Гуржиязул анищ» абулеб хIакимлъуда бугеб коалициялъул рахъалъан Гуржистаналъул президентлъун вищарав Георгий Маргвелашвилица гьатIан къоялъ гьа бан, официалияб къагIидаялда хъулухъалде вачIана Тибилисиялда тIобитIараб тадбиралда.
Нижер радиоялъул мухбирзабаз лъазабухъин, гьеб тадбиралда гIахьаллъана 53 улкаялъул вакил. Россиялъул вакилзаби гьелда рукIинчIо.
Жиндирго каламалда Маргвелашвилица абуна улкаялъ НАТОялде ва Евроцолъиялде гъорлъе жубазе къасд гьабизехъин бугин.
Цого мехалъ гуржиязул хIукуматалъ Россиялъулгун диалог гъварилъизабизехъин бугин улкаялъул цолъи ва суверенитет цIуниялъул суал гIадахъ босун.