Ссылки для упрощенного доступа

Унтарай Тимошенко къватIие йиччазе гьечIо


Тимошенкое хIалае гIуцIараб цо митинг.
Тимошенкое хIалае гIуцIараб цо митинг.
Киевалда хIасил гьечIого ахиралде щвана Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъул иргадулаб гуреб данделъи.

Гьоркьор лъурал суалазда гъорлъ – анкьго соналъ жание тIамурай захIматго унтарай улкаялъул йикIарай премьер-министр Юлия Тимошенкое къватIисел улкабазул азарханабазде ине изну кьеялъул суал.

Гьадинаб тIалаб гьабулеб буго гьелъул рахъ ккураз, инсанасул ихтиярал цIунулез ва Евроцолъиялъ.

Гьезул киназулго хIисабалда Тимошенко туснахъалде тIамиялъе политикияб гIилла буго.

Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъул спикер Владимир Рыбакица лъазабуна гьебги цогидал суалалги щвалде щвараб къагIидаялда хIадурун гьечIин ва гьезда тIад жеги хIалтIизе кколин.
XS
SM
MD
LG